Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Галилеялъул ралъдал рагІалдасан унаго, ГІисада вихьана ччугІие гьин рехулев кІиго вац: Пётр абун гьес тІокІцІар лъурав Симонги гьесулго вац Андрейги. Гьел рукІана ччугІихъаби. – Дида цадахъ рилълъа, – ян абуна гьезда ГІисаца. – Дица нуж лъугьинарила гІадамал кколел ччугІихъабилъун. Гьенибго гьинги тун, гьебсагІат гьел ГІисада цадахъ уна. Гьениса унаго кІиго чи вихьана гьесда. Гьел рукІана Зебедайил вас Якъубги гьесулго вац Иоаннги. Жидерго эмен Зебедайгун цадахъ лъугьун ччугІа кквезе гьин къачІалел рукІана гьел росода тІад. Дида цадахъ рилълъайилан ахІана гьездеги ГІисаца. Росода тІад эменги вукІаралъув тун, гьебсагІатго гьелги ана ГІисада цадахъ. ГІисаца гьесда абуна: – Хвараца рукъизе хварал чагІиги тун, мун дида цадахъ вилълъа, – ян. Нахъисеб къоялъ Галилеялде ине хІукму гьабуна ГІисаца. Гьес Филипп валагьана ва жинда хадув вачІайилан абуна. Гьес гьедин абуна кинаб хвалидалъун Пётрица Аллагь машгьурлъизавизе вугевали бицун. Гьединги абун, жинда цадахъ вилълъайилан вачана ГІисаца Пётр.
Выбор основного перевода