Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьезул пикрабиги лъан, ГІисаца гьезда абуна: – Цо пуланаб ханлъиялда жаниб кьал ккани, гьеб ханлъи биххула. Цо пуланаб шагьаралда яги хъизаналда жаниб кьал ккани, гьелги риххичІого хутІуларо. Гьазул пикруги бичІчІун, ГІисаца дов квер бакъварав чиясда абуна: – ТІаде вахъун рукъ бакьулъе вачІа, – ян. ТІаде вахъун, рукъ бакьулъе вачІана дов чи. Гьезул рекІелъ бугеб пикруги бичІчІун, кодобе босун, жиндаго аскІоб лъуна ГІисаца цо лъимер. Гьезул пикрабиги лъан, ГІисаца гьезда абуна: – Бокьараб ханлъиялда жаниб кьал ккани – гьеб ханлъи биххула, хъизаналда жаниб кьал ккани – гьеб хъизанги биххула. Пуланав чи гьадинав-додинав вугилан лъицаниги бицинчІониги, жиндаго лъалаан лъида щиб ракІалда бугебали.
Выбор основного перевода