Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьале барасалъ унтарав цо чи, гьесда аскІовеги вачІун, накабаздаги чІун, гьардезе лъугьана: – Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе. ГІебеде битІун гьесда кверги хъван, ГІисаца абуна: – Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун! ТІад букІараб чанхъги гъенон ун, гьебсагІат вацІцІалъана гьев чи. Гьениб ГІисада кІвечІо цониги мугІжизат бихьизабизе. (Квер хъван цодагьалго чагІи сах гьари гурони, батІияб хІалкІолъиги гьесдасан тІатинчІо.) Гьесухъе вачун вачІана хІалица гурони кІалъазе кІоларев гІинкъав чи, гьесда цо квер хъвайилан гьарун. ГІисаца кверги ккун гьев чи росулъа къватІиве вачана ва гьесул кІиябго бадибеги ту-тун, беразда квералги рахъун, гьесда гьикъана щибниги бихьулеб бугищилан. ГІисаца нахъеги беразда кверал рахъараб мехалъ, гьев чи цеве валагьана, – бералги сахлъун, кинабго жо баянго бихьулеб батана гьесда. Цинги гьелда тІад квер бахъана гьес. ГьебсагІатго гьелъул гьод битІун бачІана, Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана гьей. – Я, БетІерчІахъад, дуда божула! – ян абуна гьев чияс ва гьебсагІат ГІисада цеве суждаялда чІана.
Выбор основного перевода