Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ВитІун вачІана я кваналарев, я гьекъоларев ЯхІя авараг. ШайтІабаз ккурав чи вугилан абуна гьез гьесде. ВачІана кваназеги кваналев, гьекъезеги гьекъолев ГІадамил Лъимер. Гьез абулеб буго: «Гьале чехьквеш, гьекъолдухъан, магъало бакІарулел чагІазулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гьудул», – абун. Амма Аллагьасул ГІакъиллъи жиндирго ишаздалъун ритІухълъана. Жиндирго бакІалда вахъун чІун, фарисеяс рекІелъ дугІа гьабун буго: «Я, дир Аллагь! Дуе рецц буго дун цогидазда релълъарав вижичІелъул; хъачагъазда, макручагІазда, зиначагІазда, хІатта гьав магъало бакІарулев чиясда релълъарав гьечІелъул. Анкьида жаниб кІиго къоялъ кІал ккола дица, дие щварабщиналъул хайиралъул анцІил бутІа садакъаде кьола».
Выбор основного перевода