Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Ханааналдаса цо гІадан ячІана ГІисада аскІое ва гІодилаго ахІдезе лъугьана: – Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил Вас! ГурхІа мун дида. Дир яс йиго шайтІабаз ккун кутакаб гІазабалда гъоркь. Иерихон шагьаралдаса къватІире гьел рахъунеб мехалъ, халкъалъул руккел букІана ГІисада хадуб бачІунеб. Гьале нухлул рагІалда гІодов чІун вукІарав кІиго бецав чи, ГІиса аскІосан унев вукІин рагІун, ахІдезе лъугьана: – Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил вас! ГурхІа мун нижеда! – ян. ГІадамаз абуна гьезда руцІцІун чІайилан, амма гьел дагьабги гьаракь борхун ахІдезе лъугьана: – Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил вас! ГурхІа мун нижеда! – ян. Назареталдаса ГІиса жинда цевесан унев вукІинги лъан, ахІдезе лъугьана гьев: – Я, Давудил вас ГІиса! ГурхІа мун дида! ВуцІцІун чІайилан абуна гьесда гІадамаз. Амма гьев дагьабги гьаракь борхун ахІдезе лъугьана: – Я, Давудил вас! ГурхІа мун дида! Гьебмехалъ гьардухъан ахІдана: – Я, Давудил вас ГІиса! ГурхІа мун дида! Гьесда цересан унел гІадамазе бокьун букІана гьардухъан вуцІцІун чІезавизе. Амма гьес дагьабги гьаракь борхун ахІана: – Я, Давудил вас! ГурхІа дида! – ян.
Выбор основного перевода