Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цоги гьес абуна: – Нилъер гьудул Лазар кьижун ккун вуго. Гьев вигьинавизе инехъин вуго дун. ГІисаца абулеб букІана Лазар хун вугилан, амма муридазда бичІчІана гьадинго кьижун ккун вугилан абулеб бугилан. Гьебмехалъ ГІисаца рагьун бицана гьезда Лазар хванилан. ГІисаца гьелда абуна: – Дицайин хварал рахъинарулел, дицайин чІаголъизарулел. Дида божарав чи хваравги чІаголъила. Гъоркье вачІун Павелица гьев, гъуждулги ккун, тІаде ворхизавуна ва каранде къана. Цинги гьес абуна: – Воре, нуж къварилъахъдуге, гьасул рухІ бахъун гьечІо, – ян.
Выбор основного перевода