Гьенив ватана палижалъ ккун микьго соналъ бусада лъурав цо Эней абулев чи.
Пётрица гьесда абуна: – Эней, мун МасихІ ГІисаца сахлъизавуна. ТІаде вахъун дурго бусен бакІаре! Эней гьебсагІат тІаде вахъана.
Гьев сахлъун вихьана Лиддаялъулги Сароналъулги киналго гІадамазда ва гьез ТІадегІанасде иман лъуна. Иоппиялда йикІана ТІабита абун цІар бугей цо мурид.