Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– Я, БетІерчІахъад! Дир цо рагьтІател вуго палижалъ ккун вагъаризе кІоларого. Кутакаб гІазабалда вуго гьев. Нахъехун вуссиндал гьей йихьарав ГІисаца абуна: – ХІинкъуге, дир яс, дурго божи-иманалъ хвасар гьаюнин мун. ГьебсагІатго сахлъана гьей гІадан. Киназдаго вихьулев вукІана гьев, ва киналго хІинкъунги рукІана. ГьебсагІат ГІисаца гьезда абуна: – Дун вуго! Нуж расги хІинкъуге! КъвакІун чІа! Гьенивги лъалхъун, ГІисаца абуна гьев чи жинда аскІове вачейилан. ГІадамаз Бартимайида абуна: – Гьа, ракІ гІодобе биччай гьанже! Вилълъа, мун жиндихъе вачеян абулеб бугин дос. Дой гІадамалда гьес абуна: – Мун мунагьаздаса яцІцІалъана, – ян. Гьев кІиявго чи ГІисада аскІоса нахъе унеб мехалъ, Пётрица гьесда абуна: – Я, НасихІатчи! ЛъикІ буго гьаниб нилъее. РачІа лъабго хъощ базин: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие. (Гьедин абуна Пётрица щиб абилебали лъаларого хутІидал.) Нахъисеб сордоялъ вачІун, ТІадегІанав ГІисаца Павелида абуна: – Мун къуркьуге! Иерусалималдаго гІадин, Рималдаги гьабизе ккезе буго дуца дие нугІлъи.
Выбор основного перевода