Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цинги гьев хьвадана тІолабго Галилеялда: гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, Зобалазул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унта-щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан. АнцІила кІиго муридги ахІун, ГІисаца гьезие ихтияр кьуна жундул рачахъизе ва кинабго унти, кинабго щокълъи гІадамазда тІаса инабизе. ГІисаца сах гьаруна батІи-батІияб гІузруялъ унтарал гІемерал гІадамал. Чанги чиясул чорхолъа бачахъана хъубаб жен. Гьес хъубал жундул кІалъазе риччалароан, гьезда лъалеб букІиндалха гьев щивали. ТІолабго Галилеялъул ракьалде щун, синагогабазде ун, гІадамазе вагІза гьабуна гьес ва чангиязул чурхдулъа жундул рачахъана. ХІикмалъун вукІана ГІиса гьел божунгутІиялда. Цинги гьев хьвадана сверухъ ругел росабалъе, гьенибги халкъалда Рохалил хабар бицине. (Гьеб заманаялде щвезегІан ГІисаца гІемерал гІадамал сахлъизарун рукІана унта-щокълъиялдаса, хъубал жундуздаса ва гІемерал бецал чагІазда канлъиги бихьизабун букІана.) Шагьаразде ва росабалъе щун, халкъалъе вагІзабиги гьарулаго, Иерусалималдехун валагьун унев вукІана ГІиса.
Выбор основного перевода