Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьениса нахъе унаго, ГІисада нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьана Матфей абулев цо гьеб ишалъе тІамурав чи. ГІисаца гьесда абуна: – Дида цадахъ вилълъа, – ян. Вахъун ГІисада цадахъ уна гьев. Гьебмехалъ ГІисаца гьелда абуна: – Я, чІужугІадан! Кутакаб божи-иман буго дур рекІелъ. РекІел мурад тІубайги дур! ГьебсагІат сахлъана гьей гІаданалъул яс. ГІисаца гьесда абуна: – А гьанже. Дурго божи-иманалъ сахлъизавуна мун. ГьебсагІат беразда канлъиги бихьун, ГІисада хадув къокъана гьев чи. ГІисаца дой гІадамалда абуна: – Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна мун. Гьанже а дурго. Цинги гьесда абуна: – Вахъа тІаде, а гьанже, дурго божи-иманалъ хвасар гьавунин мун. ГІисаца гьесда абуна: – Валагье гьанже! Дурго божи-иманалъ сахлъизавуна мун. Гьеле гьев ГІисал цІаралде иман лъедал, гьеб ГІисал цІаралъ сахлъизавуна гьав нужеда киназдаго вихьулев ва лъалев чи. ГІисаде иман лъедалин, киналго нужги ралагьун, гьев сахлъарав.
Выбор основного перевода