Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІисаца гьезда абуна: – Нуж хІинкъуге! Инеги ун, дир вацазда абе Галилеялде аян. Дова вихьила гьезда дун. Гьел руччаби нахъе аралго, дол хъаравулзабазда гьоркьоса цо чанго чи шагьаралде ана ва чІахІиял кашишзабазда бицана доба ккарабщиналъул хІакъалъулъ. Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги чІухІби-хІакимзабиги данделъана щиб гьабилебали дандбазе. Цинги, гІурабгІан гІарацги хъаравулзабазе кьун, гьезда абуна: – Нужеца бице: «Ниж кьижун ккараб мехалъ сардилъ рачІун ГІисал муридаз жаназа бикъун ана», – ян. Нагагь сардарасде гьеб хабар щвани, нижеца рекъезабила гьесулгун иш ва нужее гьелъул щибго къварилъи ккезе биччаларо. Босун гьеб гІарацгун, гьел рагъухъабазги жидеда малъухъе гьабуна. Ва жугьутІазда гьоркьоб жакъа къоялде щвезегІанги тІибитІун буго гьеб хабар. ГІисал анцІила цо мурид, Галилеялде ун, гьес бихьизабун букІараб магІарде рахана. ГІиса вихьидал, гьел суждаялда чІана, цо-цоязул рекІелъ щаклъиги бижана. АскІове вачІун ГІиса гьезда гаргадизе лъугьана. Гьес абуна: – Зобалазул ва ракьалъул тІолабго ихтияр дихъе щвана. Гьединлъидал киналго халкъазухъе ун, дир рагІи тІибитІизабе, ва Инсулги, Васасулги, Илагьияб РухІалъулги цІаралдалъун, лъадалъ ччун рахъун, гьезул мунагьал чуризаре. Дица нужее гьабунщинаб амру тІубазабизе малъе гьездаги. Дуниял ахирлъизегІан щибаб къоялъ дун нужеда цадахъ вугевлъиги лъай. Амин! Гьале ГІиса магІарде вахана. Гьес гьенире ахІана жиндиего рокьарал муридал. Гьелги ГІисада аскІоре ана. Гьес анцІила кІигояв чапарзабилъун гьаруна, жиндаго цадахъ рукІинеги, Рохалил хабар лъазабизе ритІизеги, гІадамазул чорхолъа жундул рачахъулеб къудрат кьезеги. Гьелдаса хадуб ТІадегІанав ГІисаца тІаса вищана жеги лъабкъоялда анцІго чи ва жиндасаго цере кІи-кІиккун ритІана живго щвезе ракІалда букІарабщинаб шагьаралдеги росулъеги.
Выбор основного перевода