Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьедин гьезие хабар бицунев ГІиса вукІаго, аскІовеги вачІун, цо хІакимас накалда чІун гьарана гьесда: – ГьабсагІат хвана дир яс. ВачІун дуца цо квер хъвани, чІаголъила гьей. Ракъдаде лъугьараб мехалъ ГІисада гьениб бихьана гІемераб халкъ. ГІиса гьезда гурхІана ва унтарал сахлъизаруна. ва кутакалда гьардезе лъугьуна: – Дир яс холей йиго, вачІун дуца цо квер хъвани, сахлъила гьей, чІаго хутІила гьей. Чанги чиясул чорхолъа жундул рачахъана гьез. Даруяб нах бахун гІемерал унтарал гІадамал сахлъизаруна. Гьесухъе вачун вачІана хІалица гурони кІалъазе кІоларев гІинкъав чи, гьесда цо квер хъвайилан гьарун. ГІисаца кверги ккун гьев чи росулъа къватІиве вачана ва гьесул кІиябго бадибеги ту-тун, беразда квералги рахъун, гьесда гьикъана щибниги бихьулеб бугищилан. ГІисаца нахъеги беразда кверал рахъараб мехалъ, гьев чи цеве валагьана, – бералги сахлъун, кинабго жо баянго бихьулеб батана гьесда. ГІисаца гьесда абуна: – Дагьабниги божизе дудаги кІолеб батани, божа мунги. Божулев чиясда хІалкІолареб жо букІунаребин! Бакъ тІерхьунеб гІужалъ гІадамаз гьесухъе рачун рачІана батІи-батІиял гІузрабаз унтарал чагІи. ТІад квер лъун, гьел киналго сахлъизаруна гьес. Цинги гьелда тІад квер бахъана гьес. ГьебсагІатго гьелъул гьод битІун бачІана, Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана гьей. Вай, Иерусалим, Иерусалим! Аварагзаби чІвалеб ва духъе ритІарал Аллагьасул илчизабазда ганчІал речІчІулеб шагьар! Чан нухалъха дие бокьун букІараб, къурщица тІанчІи гІадин, дур гІадамал дирго кваркьиялда гъоркье рачине, амма нужее гьеб бокьичІо. гьесие илгьам лъугьана Анания абун цо чи вачІине вугин духъе, гьес тІад квер лъурабго беразда канлъиги бихьизе бугилан. Вахъун ун доб минаялъуве щвана Анания. Шаулида тІад кверги лъун, гьес абуна: – Я, дир вац Шаул, ТІадегІанас – гьаниве вачІунаго нухда дуда кІалъарав гьев ГІисаца – дун витІана дидалъун дур беразда канлъи бихьизеги Илагьияб РухІ дуде рещтІинеги. Публийил эмен ватана, бакъул унтиялъги риххалил унтиялъги тату хун, бусаде ккун. Гьесде ваккизе ун, Павелица дугІа гьабуна ва тІад квер лъун гьев сахлъизавуна. Аллагьасдасан рещтІаралда рекъон, иман лъуразул агьлуялъул бутІруз, дугІаги гьабун, тІад кверги лъун тІамураб мехалъ, Аллагьасул амруялдалъун дуе насиблъараб гьунаралдаса пайда босичІого чІоге.
Выбор основного перевода