Халкъалъул руккел бихьун, гьев гурхІана, чара хун ва бакъхІан, вехь гьечІеб гІи гІадин, гьел рукІиндал.
Гьебмехалъ жиндирго муридазда абуна гьес: – Хуриб хІалухъен гІемер бижун буго, хІалтІухъаби дагь руго.
Гьеб лъилъизе кверщел кодоб бугев БетІергьанасда гьаре лъилъарухъаби ритІеян.
– Гьал гІадамазда гурхІун вуго дун. Гьале лъабабго къоялъ дида аскІор чІун руго. Кваназе жоги хутІун гьечІо гьазухъ.