– Балагьги гІазабги дуе, Хоразин шагьар! Балагьги гІазабги дуе, Байтсаида шагьар! Тиралъулгун Сидоналъул гІадамазда рихьун рукІаралани нужеда рихьарал гІадинал мугІжизатал, тІутІу-хъухъураб парталги ретІун, ботІроде рахъуги бан, церего руссинаан гьел Аллагьасде.
Халкъалдаса ратІалъун, росодаги рекІун, цо гІадан-чи гьечІеб бакІалде ана ГІисаги гьелги.
Цинги гьел щвана Бетсаидаялде. Вачун вачІуна цо бецав чи. Гьесда квер хъвайилан гьарула гьез ГІисада.