Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІисаца гьесда абуна: – Вореха, гьаб ишалъул хІакъалъулъ дуца лъиданиги бицунге. Мусал Къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва дудасаго къурбанги хъвезабе. Дун сабаблъун нуж наибзабазухъе ва парччахІзабазухъе рачина, гьезда цебеги цогидал халкъазда цебеги дир муридал рукІиналъе нугІлъи гьабизе. ЯхІя авараг гвандинив тІамун хадув Галилеялде уна ГІиса. Гьес гьениб лъазабула Аллагьасдасан Рохалил хабар. Нужеца нужеего гІамал гьабе: щаян абуни, дун сабаблъун нуж судалде ахІила, синагогабазухъе рачун рухила, наибзабазда ва парччахІзабазда цере чІезарила, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе. Живго сахлъизавиялъул хабар лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьесда: – Мусал къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва мунго вацІцІалъиялъухъ къурбанги хъвезабе. «Нужер шагьаралда нижер хІатІазда тІад чІараб хІургицин нижеца къватІазде нужеего кІутІулеб буго. Амма лъан букІаха Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун бугеблъи». Жидерго хІатІазда букІараб хІурги гьел гІадамазде кІутІун, Павелги Барнабаги Икониялде ана. Мальтаялъул гІадамазда ракІалде ккана гьабсагІат гьесул квер гьоролин яги гьев хун ракьалде щапун инин. Гьесие щиб кколебали тІаса бер босичІого ралагьун чІун рукІана гьел лъикІалан заманаялъ. Амма щибниги лъугьинчІо гьесие. Гьебмехалъ батІияб пикру гьабуна гьел гІадамаз: гьев аллагь вугилан тана гьез.
Выбор основного перевода