Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІисаца абун букІана жиндирго инсул ракьалда аварагасул къадру-къимат гьабуларилан. (Жиндирго вацалгицин божулел рукІинчІо ГІисада.) Иерусалималде тІадвуссун Мукъадасаб Рокъов какда вукІагоги цебетІами лъугьана дие. Дида ГІиса вихьана, ва гьес дида абуна: «ЛахІзаталъ чІечІого мун Иерусалималдаса нахъе а. Гьанир божизе гьечІо дир хІакъалъулъ дуца бицаралда». Дица абуна: «Я, ТІадегІанав ГІиса! Гьазда лъала дуде иман лъурал гІадамал дица, ккун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІараблъи ва синагогабазда гьел рухулел рукІараблъиги. Дуе нугІлъи гьабурав Стефанил би гІодобе тІолеб мехалъ дунги вукІана гьенив. Дица гьеб лъикІаб ишлъун рикІкІана, гьев чІвалел рукІарал гІадамазул гІабабиги дихъе кьун рукІана цІунизе». ГІисаца дида абуна: «Дица мун гьаниса рикІкІаде цогидал халкъазул гІадамазухъе витІулев вуго. Гьезухъе а мун». Гьел рагІаби Павелил кІалдиса къватІире лъугьинегІан гІенеккун чІун букІараб халкъ нахъеги ахІдезе лъугьана: – Ракьалдаса тІагІинавизе ккола гьев! Гьединав чи чІаго тезе бегьуларо! РетІелги бихъ-бихъун балаго, хІатІикь букІараб хІурги гьаваялде гьурщулаго, гьедин ахІделел гьел ругеб мехалъ,
Выбор основного перевода