Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Дир рахъалъ щакдаричІев чи талихІав вугиланги абе. Халкъалдехун кІалъалев ГІиса вугев мехалъ, гьесда кІалъазе бокьун, къватІир чІун рукІана гьесул эбелги вацалги. Цинги ГІисахъе рачІуна гьесул эбелги вацалги. Дора къватІир жалгоги чІун, гьев ахІизе чи витІула гьез. Вахъун гьазда цадахъ Назареталде вилълъана гьев ва гьазие мутІигІлъун чІана. Амма гьесул эбелалъ рекІелъ цІунун рукІана гьел рагІаби. Сонал анагІан, ГІисал черх цІубалеб букІана, гІакълу камиллъулеб букІана, Аллагьасулги гІадамазулги рокьи цІикІкІунеб букІана гьесдехун. Гьез цоцазда абулеб букІана: – Юсупил вас ГІиса гурищ гьав чи? Нилъеда лъикІго лъалагури гьасул эменги эбелги. Гьале жив зобалаздасан вачІанилан вуго. Божи-иман бугел нужее къиматаб буго гьеб. Божуларезени – «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго». Цогиги: «ГІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ». Аллагьасул каламалъухъ гІенеккуларелъулин гьезул хІетІе тункулеб, – гьединаб къадарлъидалха гьезие хъван букІараб. Живго гьитІинлъизавуна, – лагъасул даражаялда чІана. Инсанасда релълъун вижарав ва инсанасул сурат жиндилъ лъугьарав гьес живго гІодовегІанлъизавуна хвалиде гІунтІунгицин. Хъанчида вараб хвел босизеги мутІигІлъана гьев.
Выбор основного перевода