Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. Ракь тІеренаб букІиндал, гьел гьенир хехго тІирщанила ва тІаде раккизе лъугьанила. Ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьал – гьел ккола Аллагьасул рагІи рохун къабул гьабурал гІадамал. ГІадамаздасан букІанин абизеги халкъалъукьа хІинкъун руго нилъ, щайгурелъул киназго ЯхІя авараглъун рикІкІунев вукІиндал». ГІадамаздасан букІанин абуни...» Гьедин абизеги, халкъалъукьа хІинкъун рукІана гьел, киназго ЯхІя хІакъав авараглъун рикІкІунев вукІиндал. Чанго къоялдасан рачІун Феликсицаги гьесул чІужу жугьутІай Друзиллацаги, жидехъего ахІун, Павелида бицинабуна МасихІ ГІисал диналъул хІакъалъулъ. РитІухъго хьвадизе ккеялъулги, жиндаго квелъ базе ккеялъулги, Аллагьас суд гьабизе букІиналъулги Павелица бициндал, Феликс хІинкъана. КъваригІараб мехалъ ахІилиланги абун, гьес гьев нахъе витІана. Квешав цевего гІадин квешлъи гьабулев вукІаян абе, хъубавги хъублъи гьабулев вукІаян абе, ритІухъавги ритІухъабщинаб гьабулев вукІаян абе ва вацІцІадавги цевего гІадин бацІцІадабщинаб гьабулев вукІаян абе.
Выбор основного перевода