Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Ракъдаде лъугьараб мехалъ ГІисада гьениб бихьана гІемераб халкъ. ГІиса гьезда гурхІана ва унтарал сахлъизаруна. Гьениб ГІисада кІвечІо цониги мугІжизат бихьизабизе. (Квер хъван цодагьалго чагІи сах гьари гурони, батІияб хІалкІолъиги гьесдасан тІатинчІо.) Лъабкъоялда анцІавго мурид рохуца холаго тІадруссун рачІана. – Я, БетІерчІахъад! – ан абуна гьез. – Жундулгицин мутІигІлъула нижее, дур цІар рехсон гьезие амру гьабураб мехалъ. Унтун вугес жиндихъего ахІе иман лъуразул агьлуялъул бутІрул. ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон, дугІа гьабила гьез, зайтуналъул нах бахина. Божи-имангун гьабураб дугІаялъ унтарав сахлъула, БетІергьанас гьев тІаде вахъинавула, мунагь бугони, гьелдасаги тІасалъугьуна.
Выбор основного перевода