Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьединал рагІабаз гІажаиблъизавуна ГІиса. Жиндаго хадур рачІунел рукІараздехун вуссун, гьес абуна: – Гьале дица нужеда абулеб буго: Исраилил халкъалда гьоркьобгицин лъилниги дандчІвачІо дида гьединаб божи-иман. Машрикъалдаса ва магърибалдаса гІемерал гІадамал рачІина ва Зобалазул ПарччахІлъиялда Ибрагьимидаги, ИсхІакъидаги, Якъубидаги аскІор квана-гьекъезе гІодор чІела. Аллагьас ПарччахІлъиялъе рижун рукІарал гІадамалги гьениса бецІаб къотІноре рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел. ГІиса шагьаразде ва росабалъе хьвадулев вукІана. Гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унтиялдаса, кинабго щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан.
Выбор основного перевода