Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
ГІадат букІана халкъалъе бокьарав цо туснахъ сардарас байрамалъул къоялъ къватІиве виччалеб. Гьеб заманаялда туснахъалъув вукІана Барабба абун цо цІар рагІарав такъсирчи. Халкъ бакІарараб мехалъ Пилатица гьикъана: – Нужехъе къватІиве щив виччазе нужее бокьилеб: Бараббайищ яги МасихІилан жинда абулев ГІисайищ? (Пилатида лъалеб букІиндалха жахІда-хІусудалъ хІал гьабун жиндихъе кьурав чи гьев вукІин.) Амма чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги халкъ мукІур гьабун букІана Барабба къватІиве виччаян ва ГІиса чІвазе къотІеян гьаризе. Сардарас гьезда гьикъана: – Гьел кІиязулго кинавав къватІиве виччазе нужее бокьилеб? – Барабба, – ян абуна гьез. Цинги Пилатица гьезда гьикъана: – Гьедин батани, МасихІилан жинда абулев ГІисада щибха гьабилеб? Гьел киназго абуна: – Хъанчида вазе ккола гьев! Пилатица гьебмехалъ абуна: – Гьас гьабураб квешлъигІаги щиб? Амма гІадамал тІадеги цІакъ ахІдезе лъугьана: – Хъанчида вазе ккола гьев! ГІадат букІана халкъалъ цІар чІварав цо туснахъ Пилатица байрамалъул къоялъ къватІиве виччалеб. Пуланаб питнаялда гІахьаллъун чи чІварал гІадамазда цадахъ гьебго заманалда жанив тІамун вукІана Барабба абулев цо чи. Кидаго гІадин жидер мурад тІубаян гьаризе рахъун ахІи базе лъугьана гІадамал, гъун-чІван Пилатихъе рачІунаго. Пилатица гьезда абуна: – ЖугьутІазул парччахІ виччалищ, нужее бокьун батани? (Пилатида лъалеб букІиндалха чІахІиял кашишзабазул жахІда-хІусудалъ хІал гьабун жиндихъе кьурав чи гьев вукІин.) Амма чІахІиял кашишзабаз халкъ тІамуна Барабба къватІиве виччайилан гьаризе. Гьебмехалъ Пилатица гьезда гьикъана: – ЖугьутІазул парччахІилан абурав чиясе дица щиб гьабизеха нужее бокьун бугеб? – Хъанчида вазе витІе! – ян ахІдана гьебмехалъ гІадамал. – Гьас гьабураб квешлъигІаги щиб? – абун гьикъана Пилатица гьезда. Амма гІадамал тІадеги цІакъ ахІдезе лъугьана: – Хъанчида вазе витІе! – ян. Халкъ рази гьабизе бокьун, Пилатица Барабба къватІиве виччана. ГІиса цІалаца вухеян ва хъанчида ваян амру гьабуна. Амма халкъалъ цо кІалдисан гІадин ахІулеб букІана: – Гьев чІвазе витІе! Барабба кье нижехъе! – ян. Барабба вукІана, шагьаралда цо питнаялда гІахьаллъиялъул ва чи чІваялъул такъсир тІад чІун, гвандинив тІамун вугев чи. ГІиса нахъе виччазе бокьун нахъеги халкъалдехун кІалъана Пилат. Амма гІадамал ахІдезе лъугьана: – Хъанчида вазе витІе гьев! Хъанчида вазе витІе! – ян. Лъабабизеги абуна Пилатица гьезда: – Гьас гьабураб квешлъи щиб? ЧІвазе гІураб гІайиб батичІо дида гьасул. Гьединлъидал, цІалацаги вацІун, нахъе виччала. Амма, кутакаб ахІи-хІур багъаризабун, тІадчІун гІадамаз гьарулеб букІана ГІиса хъанчида вазе витІейилан, ва гьезул ахІи-хІур бергьана. Пилатица хІукму гьабуна гьезул гьари къабул гьабизе: питнаялда гІахьаллъанилан ва чи чІванилан гвандиниве рехун вукІарав чиги, гІадамазул гьариялда рекъон, къватІиве виччан, ГІиса гьезул ихтияралде кьуна.
Выбор основного перевода