Гьединлъидал Рималъул рагъухъабиги чІахІиял кашишзабазги фарисеязги ритІарал Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабиги рачун вачІана Ягьуда гьениве. Гьезухъ букІана ярагъги, канлъуе бакараб канги, чирахъалги.
Цинги аскІоре рачІун: «ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги!» – ян ахІулаго, ГІисал гьумер бухулеб букІана гьез.