Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Цинги инжит-хІакъир гьавизе, цІалаца вухизе ва хъанчида вазе цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела гьев. Ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъила. – Нужеда лъалаха кІиго къоялдасан Пасхаялъул байрам букІине бугеблъи. Гьеб къоялъ ГІадамил Лъимадуе хилиплъизе руго ва гьев хъанчида вазе вуго. ГІицІаб авлахъалда Мусаца пахьул борохь гІорол тІогьибе бахинабураб гІадин, ГІадамил Лъимерги борхатаб бакІалде вахинавизе вуго, Цоги ГІисаца абуна: – ГІадамил Лъимер борхатаб бакІалде вахинавидал, лъала Дов – Дун вукІин, дунго лъикІав лъугьун дица щибниги гьабулеб букІинчІеблъи, дир Инсуца дида малъухъе дица нужедаги бицунеб букІараблъи. Цинги дун, ракьалдаса ворхизавун, борхатаб бакІалде вахинавидал, дица дидаго хадур цІазе руго киналго. (Гьедин ГІисаца абуна кинаб хвалдалъун живго холевали бичІчІизе.)
Выбор основного перевода