Гьев вихьаравго чІахІиял кашишзабиги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабиги ахІдезе лъугьана: – Хъанчида вазе витІе! Хъанчида вазе витІе! Пилатица абуна: – Нужецаго вай гьав хъанчида. Дида кІоларо гьасда гІайиб чІезабизе.
Ягьудияз гьесда абуна: – Нижерги нижерго къанун буго. Нижер къануналда рекъон гьев чІвазе ккола, гьес жив Аллагьасул Вас вугилан абулеб бугелъул.
Кинабалиго рагІийила, лъилалиго цІарила, нужер къанунила, – нужер иш буго гьеб. Гьеб ишалда хурхараб суд гьабиларо дица.