Цинги гьев хьвадана тІолабго Галилеялда: гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, Зобалазул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унта-щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан.
Гьаб сардил бецІлъукье дица нужеда бицунеб бугеб рагІи бакъул канлъухъе бице нужеца; нужер гІинзукье дица щурулеб бугебабги тІохаздеги рахун лъазабе нужеца.
ГьебсагІаталъ ГІисаца гьел гІадамаздехун вуссун абуна: – Хвалчабигун, тІилалгун хъачагъасде гІадин кІанцІанагури нуж дун кквезе. Щибаб къоялъ халкъалъе вагІза-насихІат гьабулев Мукъадасаб Рокъов гІодов чІун вукІунаангури дун, гьениб нужеца диде квер борхичІо.
Гьеб хабар ГІисаца бицана Капернаумалъул синагогаялъуб.
Байрамалъул чанго къо индал, ГІиса Мукъадасаб Рокъове лъугьун вачІана ва вагІза-насихІат гьабизе байбихьана.
Балагье, халкъалда цеве вахъун кІалъалев вуго, лъицаниги щибниги абулебги гьечІо гьесда. ЧІухІби-хІакимзабазда лъалеб батила хІакъикъаталдаги дов МасихІ вукІин.