Гьебмехалъ ГІисал цо муридас лъалиниса бахъун хьвагІараб хвалчаца цо чиясул (гьев вукІана бищунго кІудияв кашишасул рагьтІател) гІин къотІун рехула.
Гьес гьезда абуна: – Гьанже гІарцул таргьа бугес гьебги цадахъ босе, гьединго къвачІаги босе. Хвалчен гьечІес, чухъа-гужгатги бичун, гьеб босизе санагІат гьабе.
– Я, БетІерчІахъад! Гьале, кІиго хвалчен буго гьаниб, – ан абуна гьез. – ГІела, – ян абуна ГІисаца гьезда.