Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьез ГІиса вачана Кайафа абулев бищунго кІудияв кашишасул бакІалде. Гьенир данделъун рукІана диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби. ГІиса вачана бищунго кІудияв кашишасухъе. Гьенир данделъун рукІана чІахІиял кашишзаби, чІухІби-хІакимзаби ва диниял гІалимзаби. бищунго кІудиял кашишзабилъун рукІана Гьанна ва Кайафа. Гьеб заманаялда Закариял вас ЯхІяе гІицІаб авлахъалда Аллагьасул илгьам лъугьана. Ккун вачун гьез ГІиса кІудияв кашишасул бакІалде щвезавуна. Нахъа-нахъа чІун гьезда хадув вачІунев вукІана Пётрги. Вухь-вухьун вугев ГІиса бищунго кІудияв кашиш Кайафал бакІалде вачейилан амру гьабуна гьебмехалъ Гьаннаца. Гьес абуна: – ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго – МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан. Гьес абуна: – ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго – МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан. Гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІарав Кайафаца абуна: – Нужеда щибниги лъалеб гьечІоха. Нужеца пикру гьабулеб гьечІо тІолабго халкъ хун тІагІинабиялдаса халкъалъе гІоло цо чи хвезавиго лъикІаб букІиналъул.
Выбор основного перевода