Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьебмехалъ ГІисал цо муридас лъалиниса бахъун хьвагІараб хвалчаца цо чиясул (гьев вукІана бищунго кІудияв кашишасул рагьтІател) гІин къотІун рехула. Гьебмехалъ ГІисал цо муридас бахъун хьвагІараб хвалчаца цо чиясул (гьев вукІана кІудияв кашишасул рагьтІател) гІин къотІун рехула. Гьениб ккезехъин бугеб иш бихьидал, сверухъ рукІараз ГІисада абуна: – Я, БетІерчІахъад! Хвалчаби рахъилищ? – ан. Гьезул цояс хвалчен кьабун кІудияв кашишасул цо рагьтІателасул кваранаб гІин къотІана. Гьеб дугІа лъугІун хадуб, жиндирго муридалгун цадахъ, ГІисаца Кедрон лъар бахана. Гьеб рахъалда букІараб цо ахикье ун, муридазда цадахъ гІодов чІана. Гьебмехалъ Симон Пётрица хвалчен лъалиниса бахъана ва цохІо хьвагІаралъ цо рагьтІателасул кваранаб гІин къотІана. (Бищунго кІудияв кашишасул гьев рагьтІателасда цІар Малх букІана.)
Выбор основного перевода