Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Пилатица ГІисада гьикъана: – Мунищха кколев жугьутІазул ПарччахІ? ГІисаца жаваб кьуна: – Дуца абулеб бугоха гьедин. Кайафал бакІалдасаги ГІиса вачана сардарасул кІалгІаялде. ХъахІлъи балеб букІана. Жалго хъублъизе бокьичІого, ягьудиял кІалгІаялъуре лъугьинчІо, Пасхаялъул хирияб кванде ине кколел рукІиндалха гьел. Живго Пилат вачІана къватІиве. Гьев чиясде нужеца гІунтІизабулеб бугеб гІайиб-хатІа щибилан гьикъана гьес. ГІисаги вачун, кІалгІаялъуве лъугьун, гьикъана гьесда: – Мун киса? – ян. ГІисаца жаваб кьечІо.
Выбор основного перевода