Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Деяния
Параллельные места
Гьезда гьоркьоса Клеопа абун цІар бугес абуна: – Гьал къоязда Иерусалималде рачІаразда гьоркьов цохІо мун ватила гьениб ккараб ишалъул хІакъалъулъ рагІичІев чи. Нужецаги нугІлъи гьабила дие, авалалдаса бахъарабго ругелъул нуж дида цадахъ. КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрамалда киналго цо рокъоре данделъун рукІана. Гьале цойидасан зобалазда бахъана гьалагаб гьорол гІадаб гьаракь, ва гьал жанир рукІараб рокъоб багъана гьеб. Гьезда бихьана цІадул мацІал гІадинаб жо боржанхъулеб, цинги бикь-бикьун ун гьазул щивасда тІад рещтІана гьел цІадул мацІал. Илагьияб РухІалъ цІуна гьел киналго ва, РухІалъ хІалкІолъи кьун, цогидал мацІазда кІалъазе лъугьана. Гьев ГІиса Аллагьас хваралъуса вахъинавуна, гьале ниж киналго руго гьелъие нугІзаллъун. ГІумруялъул аслулъун вугев чи чІвана нужеца. Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна. Гьелъие нугІзал руго ниж. Гьелъие нугІзал руго ниж ва жиндихъ гІенеккаразе Аллагьас кьураб Илагьияб РухІги нугІлъун буго гьелъие. Дица гьесда гьарулеб буго жиндирго машгьураб хазинаялдасан нужее РухІалдалъун къуват кьейилан, нужер ракІ къвакІизабейилан,
Выбор основного перевода