Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Деяния
Параллельные места
Гьебмехалъ анцІила кІиявго чапарасда гьоркьов вукІарав Ягьуда Искариот абулев чияс, чІахІиял кашишзабазухъе ун, гьезда гьикъана: – ГІиса дица нужер кверде кьуни, щиб нужеца дие кьелеб? – ан. Лъеберго гІарцул гъурущ кьезе къотІи гьабуна гьез Ягьудае. ГІисае хилиплъарав Ягьудаца, гьев чІвазе хІукму гьабун букІин лъайдал, жинцаго гьабуралдаса ракІ бухІун, доб лъеберабго гІарцул гъурущ чІахІиял кашишзабазухъеги чІухІби-хІакимзабазухъеги нахъе кьуна. Гьес абуна: «ГІайибго гьечІеб бидул хІакъги мунагьги ккана диде». Гьез абуна: «Нижеца щиб гьабеянха мун вугев? Дур иш буго гьеб». Мукъадасаб Рокъобе рехун гьеб гІарацги тун, Ягьуда нахъе ана ва живго жинцаго гъанкъана. Гьеб гІарацги кодобе босун, чІахІиял кашишзабаз абуна чиясул бидухъ щвараб гІарац, Къануналда рекъон, Мукъадасаб Рукъалъе садакъаде кьезе бегьуларилан. Цинги гьез, цоцазда дандбан, хІукму гьабуна гьеб гІарцухъ «ЩагІихъанасул хур» абулеб бакІ бичун босизе ва гьеб апарагзаби рукъизе хабалазе тезе. Гьединлъидал гьеб бакІалда жакъа къоялделъагІанги «Бидул хур» абун цІар хутІун буго. Гьедин ритІухълъана Иеремия аварагасул гьадинал рагІаби: «Ва гьезие щвана лъеберго гІарцул гъурущ, гьез багьа чІезабурасухъ кьураб мухь, гьединаб букІана Исраилил наслуялъул цо-цо гІадамаз гьесухъ чІезабураб багьа. Гьеб гІарцухъги щагІихъанасул хур босана гьез. Гьедин лъазабуна дида БетІергьанас».
Выбор основного перевода