Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Деяния
Параллельные места
Ва гьебмехалда зодиб лъугьина ГІадамил Лъимадул гІаламат. Ва дуниялалъул киналго халкъал гІодила, гьезда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев. ГІисаца гьесда абуна: – Дуцаго абулеб бугоха гьедин, амма дица нужеда абулеб буго: гьанжеялдаса хадув ГІадамил Лъимер нужеда вихьила Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун ва зобалазул накІкІул парчабазда тІад вачІунев. Ва гьебмехалда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев. Гьебмехалда вихьила накІкІул парчаялда тІад гучалда ва кІудияб къудраталда ГІадамил Лъимер вачІунев. Гьениб нужее бакІ къачІан бахъиндал, дун тІадвуссун вачІина нуж дидаго цадахъ рачине, нужги дида аскІор рукІине. Лъилниги щаклъи ккезе бегьуларо нилъер божи-иманалъулъ кІудияб балъголъи букІиналда. Дов вуго инсанасул чорхолъ Аллагьас жив загьир гьавурав, Илагьияб РухІалъги жив ритІухъ гьавурав, Малаикзабаздаги жив вихьарав, Халкъаздаги жиндир хІакъалъулъ лъазабурав, Дуниялалдаги жинда божарав, Живги Аллагьасул къудраталдалъун зобалазде восун арав. Гьале, накІкІаздаги рекІун, вачІунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гІодила. Гьедин букІина. Амин.
Выбор основного перевода