Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Деяния
Параллельные места
Гьале гьев анцІила кІиявго чапарасул цІарал: Пётр абун ГІисаца тІокІцІар кьурав Симон ва гьесул вац Андрей, Зебедайил Якъуб ва гьесул вац Иоанн, Филипп ва Бартоломей, Фома ва магъало бакІарулев чи Матфей, Алфейил Якъуб ва Фаддей, Симон Кананит ва хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариот. Гьел рукІана: ГІисаца Пётр абун тІокІцІар жиндие кьурав Симон, Зебедайил вас Якъуб, гьев Якъубилго вац Иоанн (гьев кІиясего ГІисаца кьун букІана Боанергес абураб цІар – гьебги ккола «Гъугъадиялъул васал» абураб магІнаялъул рагІи), Андрей, Филипп, Бартоломей, Матфей, Фома, Алфейил вас Якъуб, Фаддей, Симон КІанъанаъ, хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариотги. Пётрилан гьес тІокІцІар кьурав Симон, гьесул вац Андрей, Якъуб, Иоанн, Филипп, Бартоломей, Матфей, Фома, Алфейил вас Якъуб, Зелотилан тІокІцІар бугев Симон, Якъубил вас Ягьуда ва хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариот. Иерусалималдаса Бетаниялде рачана ГІисаца гьел. Квералги зодирехун ритІун, баркат лъегиян дугІа гьабуна гьезие ГІисаца. ДугІа гьабулаго дагьа-дагьавккун гьездаса рикІкІалъизе лъугьана ва зобалазде восун ана. Гьесие суждаги гьабун, рохуца холаго Иерусалималде тІадруссана гьел. Цинги, кидаго Мукъадасаб Рокъор чІун, Аллагьасе рецц гьабулеб букІана гьез.
Выбор основного перевода