Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Деяния
Параллельные места
Аллагьасул вас ГІиса МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар гьадин байбихьулеб буго. Гьел къоязда Галилеялъул Назарет шагьаралдаса гьениве вачІарав ГІисаги Иордан гІурул лъадалъ ччун вахъана ЯхІяца. Гьедин гьезие хабар бицун лъугІараб мехалъ, ТІадегІанав ГІиса зобалазде восун ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда рещтІана. Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. Гьев ГІиса Аллагьас хваралъуса вахъинавуна, гьале ниж киналго руго гьелъие нугІзаллъун.
Выбор основного перевода