Амма ГІиса лъиданиги божизе кколароан. Гьел киналго щал кколелали лъалеб букІана гьесда.
Пуланав чи гьадинав-додинав вугилан лъицаниги бицинчІониги, жиндаго лъалаан лъида щиб ракІалда бугебали.
ГІисаца абуна: – Дицалъидал нужер анцІила кІиявго чи тІаса вищарав. Амма нужеда гьоркьов цо илбисги вугевха!
Щивав чиясул рекІелъ бугебги лъалев Аллагьас, нилъее гІадин, цогидал халкъазеги Илагьияб РухІ сайигъат гьабуна, жинца гьел къабул гьарунилан.
Аллагьасда лъала нилъер рекІелъ щиб бугебали, лъала Аллагьасул РухІалъ кинал пикраби нилъер рекІелъ рижизарун ругелали. Аллагьас малъун гьеб РухІалъ, Аллагьасул халкъалъул рахъалъ Аллагьасде гьари-дугІа гьабулеб буго.