Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Деяния
Параллельные места
АскІове вачІун ГІиса гьезда гаргадизе лъугьана. Гьес абуна: – Зобалазул ва ракьалъул тІолабго ихтияр дихъе щвана. Гьединлъидал киналго халкъазухъе ун, дир рагІи тІибитІизабе, ва Инсулги, Васасулги, Илагьияб РухІалъулги цІаралдалъун, лъадалъ ччун рахъун, гьезул мунагьал чуризаре. Дица нужее гьабунщинаб амру тІубазабизе малъе гьездаги. Дуниял ахирлъизегІан щибаб къоялъ дун нужеда цадахъ вугевлъиги лъай. Амин! Гьез бицунеб бугоан хІакъикъаталдаги ТІадегІанав ГІиса чІаголъун вугин ва Симонида гьев вихьунги вугин. Гьелъул бицунел гьел рукІаго, тІаде вачІун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса. ХІинкъун, хІал хисун ругел гьезда ракІалде ккана хваразул рухІ бугин гьебилан. ГІисаца гьезда абуна: – Щай нуж рихха-хочулел? Щай нуж щакдарулел? Гьанире ралагье: гьале дир кверал, гьале дир хІатІал. Дун вуго нужеда цеве вахъун чІун. Квер хъван хал гьабе нужецаго. Хваразул рухІалъул рукьбиги рукьбузда гьанги букІунебищ? Дир черхалда бихьулеб бугогури нужеда гьеб. Гьединги абун, жиндирго квералги хІатІалги рихьизаруна ГІисаца гьезда. Рохиялъ хаган, хІикмалъун, божизе захІмалъун гьел ругеб мехалъ, цо щибниги кваназе жо гьечІищ гьанибилан гьикъана ГІисаца. Гьез ГІисахъе бегьана бежараб ччугІил кесек. Нужер ракІбатизабулеб ва дун хисун нужехъе БетІергьанас битІизе бугеб Илагьияб РухІалъ кинабго малъила нужеда ва дица малъун тарабщинабги ракІалде щвезабила. Дица нужее рекъел толеб буго, дирго рекъел кьолеб буго дица нужее, дуниялалъ кьолеб бугеб гІадин гуребха дица нужее гьеб кьолеб бугеб! РакІ къварилъун рукІунге ва хІинкъуге нуж! – Ракълида хутІаги! – ян такрарги гьабун, ГІисаца гьезда абуна: – Дир Инсуца дун витІарав гІадин, дица нужги ритІулел руго. – Гьаб Илагьияб РухІ къабул гьабе, – янги абун, цинги пуна ГІисаца гьезда тІаде: – Нужеца чурараб мунагь Аллагьасги чурила гІадамазул. Нужеца чуричІеб гьесги чуриларо. Пётрида вихьана гьев, цинги анцІила кІиявго чапарасдаги вихьана. Цинги гьев цого заманалда вихьана щунусгоялдаса цІикІкІарав вацасдаги, гьезул гІемерисел гьабсагІатги чІаго руго, цо-цоял хвана. Цинги Якъубида вихьана, цинги киналго чапарзабаздаги вихьана.
Выбор основного перевода