Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Деяния
Параллельные места
Гьединлъидал киналго халкъазухъе ун, дир рагІи тІибитІизабе, ва Инсулги, Васасулги, Илагьияб РухІалъулги цІаралдалъун, лъадалъ ччун рахъун, гьезул мунагьал чуризаре. Гьале ГІиса магІарде вахана. Гьес гьенире ахІана жиндиего рокьарал муридал. Гьелги ГІисада аскІоре ана. Гьес анцІила кІигояв чапарзабилъун гьаруна, жиндаго цадахъ рукІинеги, Рохалил хабар лъазабизе ритІизеги, Гьедин гьезие хабар бицун лъугІараб мехалъ, ТІадегІанав ГІиса зобалазде восун ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда рещтІана. Нахъисеб къоялъ радал ГІисаца жиндирго муридал аскІоре ахІана ва, тІаса вищун, анцІила кІигоясда чапарзабийилан цІар лъуна. Гьел рукІана: Дир Инсуца нужее рагІи кьун букІарабги битІизе буго дица нужехъе. ТІасан бачІараб хІалкІолъиялъ къвалбазегІан шагьаралда чІа нуж. Иерусалималдаса Бетаниялде рачана ГІисаца гьел. Квералги зодирехун ритІун, баркат лъегиян дугІа гьабуна гьезие ГІисаца. ДугІа гьабулаго дагьа-дагьавккун гьездаса рикІкІалъизе лъугьана ва зобалазде восун ана. – Ракълида хутІаги! – ян такрарги гьабун, ГІисаца гьезда абуна: – Дир Инсуца дун витІарав гІадин, дица нужги ритІулел руго.
Выбор основного перевода