12
Аллагьасе тІагІатги гьабун цадахъ кваназе нуж гІодор чІараб бакІ, намус гьечІого ханчІон, хъублъизабула гьез. Гьел руго жидерго гурони агъаз гьечІел, гьороца хъамун ун, цІадае данделъуларел накІкІал гІадин, хасалихъе тІамах гъарал, тІад пихъги бижуларел, кьалбалги ракъварал гъутІби гІадинал ва кІицІулго хварал гІадинал гІадамал.