Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Деяния
Параллельные места
Халкъалдехун кІалъалев ГІиса вугев мехалъ, гьесда кІалъазе бокьун, къватІир чІун рукІана гьесул эбелги вацалги. – Гьадав цІулал устарасул вас гурищ гьав? Марям гурищ гьасул эбелалда цІар? Гьасул вацал гурищ Якъубги, Юсупги, Симонги, Ягьудаги? ГІиса лъалев вукІарал киналго гІадамалги Галилеялдаса рахъарал гьесда цадахъ рукІарал руччабиги нахъегІан чІун ралагьун рукІана. Галилеялдаса рахъарал ГІисада цадахъ рукІарал руччабиги ана Юсупида хадур ва гьездаги бихьана гьеб хобги хабалъ гьев лъураб куцги. Жиндирго вацаз ГІисада абуна: – Гьаниса вахъун Ягьудиялде а дуца гьарулел ишал дурго муридаздаги рихьизе. Гьунар бугев чияс гьеб бахчуларо, гІадамазда бихьизабула. Гьединал хІикматал ишал гьаризе бугеб дурго гьунар гІаламалдаго бихьизабе. (Жиндирго вацалгицин божулел рукІинчІо ГІисада.) КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрамалда киналго цо рокъоре данделъун рукІана. Щибаб къоялъ цоцазулгун ракълида Мукъадасаб Рокъоре хьвадиялда тІадчІана гьел. Жидерго рокъоб бекун чед бикьулаан, ракІ разиго ва ракІ бащадго цадахъ кваналаан.
Выбор основного перевода