Аллагьасул РухІалъ тІоритІулел ругел гІадамал Аллагьасул лъимал ккола.
КІиго халкъги ракълидалъун жиндилъго цолъизабун, цо цІияб халкъ лъугьинабизелъун Къануналъул рихьизариялги къагІидабиги риххизаруна гьес, – жиндирго черхги къурбанлъун гьабун.
Киналго гІадамалгун ракълида рукІине хІаракат бахъе. РацІцІадго хьваде, вацІцІадго хьвадуларесда ТІадегІанав вихьуларевин.
Ракълие рачел къарал гІадамаз ракълил хьон хьараб хуриса ритІухълъиялъул бачІин бакІарула.