Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Воре, нужерго муъминлъи гІадамазда цебе загьир гьабуге, гьезда бихьизелъун, Зобалазда вугев нужер Инсуца нужее кири хъваларебин. Садакъа кьолеб мехалъ, гІадамаздасан цІар-рецц бокьун, синагогабаздаги къватІахъги жидедаго сверухъ ахІи-хІур бахъинабулел, ххвелал гьаризе бокьулел чагІаз гІадин, кьоге нужеца садакъа. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана. Дуца садакъа гьабулеб мехалъин абуни, кваранаб квералъ кьолаго квегІаб квералдацин лъазе биччаге. Балъго хутІизе те дурго садакъа, балъгоябги лъалев нужер Инсуца кири кІодо гьабила дуе гьелъухъ. ДугІа гьабизе бокьани, гІадамазда бихьизе гІоло, синагогабаздаги къватІахъги рахъун чІун Аллагьасде ахІдолел, ххвелал гьаризе бокьулел гІадамаз гІадин, гьабуге нужеца дугІа. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана. Дуца дугІа гьабулеб мехалъин абуни, къан нуцІагун жанивги чІун, гьаре вихьуларедухъ дуда аскІов вукІунев дурго Инсуда. Балъгого гьабулебги бихьулев дур Инсуца кири хъвала дуе. ДугІа гьабулаго, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулел гІадамал гІадин, гІемерав гъулгъудизеги гъулгъудуге. Гьезда ккола халат гьабунагІан дугІа къабуллъулебилан. Фарисеялги ва цогидал киналго жугьутІалги, умумуздасанго бачІараб динияб гІадат цІунун, цин кверал чуричІого кваназе гІодор чІоларо. Базаралдаса руссараб мехалъги гьел кверал чуричІого кваналаро. Цогиги гІемер руго гьез цІунарал гІадатал. Масала, мухІканго чурула суркІа-щурун, парччи-гулгун, пахьул хьагал.) ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: – Нужеца, фарисеяз, суркІа-щуруналъул тІасахун рахъ бацІцІад гьабун чураниги, нужер жанисахун рахъ хъантІиялъулги квешлъиялъулги цІун буго. Микьабилеб къоялъ сунатги гьабураб дие, Исраилил халкъалъулги вугев дун, Буняминил наслуялъулги вугев, жугьутІаздаса жугьутІавги вугев. Къануназул рахъ босани, фарисеязул мазгьабалъулги вукІарав дун, иман лъуразул агьлуялъе гІазаб-гІакъуба кьезе цІакъго хІаракатги бахъулеб букІараб дица. Къанунал тІуразарурав чи Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІунев вукІаравани, гьеб рахъалъги дун камиллъун вукІана. Амма дие тІокІлъи-хайирлъун букІарабщинаб зарал-зиянлъун рикІкІуна дица гьанже, МасихІиде иман лъун хадуб.
Выбор основного перевода