Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цоги ГІисаца, мисал бачун, бицана жалго вализабийиланги чІун, цогидал къабихІ гьарулел цо-цо гІадамазул хІакъалъулъ гьадинаб хабар: – Аллагьасе дугІаялъе Мукъадасаб Рокъове лъугьун вуго кІиго чи: магъало бакІарулев чиги фарисеявги. Жиндирго бакІалда вахъун чІун, фарисеяс рекІелъ дугІа гьабун буго: «Я, дир Аллагь! Дуе рецц буго дун цогидазда релълъарав вижичІелъул; хъачагъазда, макручагІазда, зиначагІазда, хІатта гьав магъало бакІарулев чиясда релълъарав гьечІелъул. Анкьида жаниб кІиго къоялъ кІал ккола дица, дие щварабщиналъул хайиралъул анцІил бутІа садакъаде кьола». Магъало бакІарулев чийин абуни дова нахъегІан чІун вукІун вуго, берал зодихъе руссинаризецин намуслъун. Амма, керенги бухулаго, абулеб букІун буго гьес: «Я, дир Аллагь! Мунагьазул цІурав дида гурхІа!» – абун. Дица нужеда абулеб буго: дов фарисеясда данде ккуни, гьев магъало бакІарулев чи Аллагьасда цеве цІикІкІунго вацІцІалъун тІадвуссана жиндирго рокъове. Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъула, живго гІодовегІанго чІарав тІадегІанлъичІого хутІуларо. ГІисаца абуна: – Дун вуго гьеб чІаголъи кьолеб чед. Дихъе вачІарав киданиги вакъизе гьечІо, дида божарав киданиги къечезе гьечІо. Гьел тІокІал киданиги ракъиларо, къечеларо, бакъул бухІиги гьезие букІинаро, багІари-гьелегьинги гьезда хъваларо. Тахил бакьулъ бугеб КьегІер гьезул вехьлъун лъугьунелъулха. Гьелъ рачина гьел маулхІаяталъул иццухъе, Аллагьас гьезул бадиса щибаб магІил гороги бацІцІина».
Выбор основного перевода