Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нужер умумуз гІазаб-гІакъуба кьечІев цониги авараг хутІаравищ? Гьез чІвана Аллагьасул вакил вачІине вугилан цебеккунго жидеца лъазабуралги. Гьанже нужгоги лъугьана гьев вакиласе хиянат гьабурал ва гьев чІварал чагІилъун. ЖугьутІаз чІвана ТІадегІанав ГІисаги аварагзабиги, нижги гьез нахъе гъуна. Аллагьги гьез рази гьавуларо, киналго гІадамазда дандечІунги руго гьел! Божи-иманалдалъун улкаби кверде росана гьез, ритІухъаб суд гьабуна, Аллагьас къотІи гьабурабги щвана, гъалбацІазул кІалдиса давла бахъана, гьалагал цІаял свинаруна, хвалчадул балалдаса хвасарлъана, загІипал рукІаниги, къуваталлъун лъугьана; чияр улкабазул боял къезарун, рагъда бахІарчилъи бихьизабуна. Божи-иман рекІелъ букІиндалин хварал гІагарал чагІи руччабазухъе нахъе щварал. ЛъикІаб гІумру бачІараб мехалъ чІаголъизе бокьун, цо-цояз инкар гьабулаан эркенлъи-тархъанлъиялдаса, гІазаб-гІакъуба хІехьон холаан гьел. Цо-цоязе кутакаб къварилъи гьабулеб букІана, цІалаца рухулел рукІана; цо-цоялин абуни, маххалги ран, гвандинир тІамулел рукІана. ГанчІал речІчІунги чІвана гьел, хъухъадироялъ кІийидеги хъухъана гьел, хвалчаца бутІрулги къотІана гьезул. ТІохьолги цІакилги ратІлилъ хьвадана гьел пакъирлъиги, къварилъиги, гІазаб-гІакъубаги хІехьезе ккарал гІадамал. ТІолабго дуниял-гІаламалдаса хириял гІадамал гІицІал авлахъаздаги мугІруздаги тирулел хутІана, нохъазда ва ракьулъ рахъарал гвендазда жанир рахчун. Аллагьасул цІаралдасан халкъалъе хабар бицарал аварагзабаздасан мисал босе: гьезда гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьана ва кинабго кІудияб сабруялда хІехьана гьез.
Выбор основного перевода