Божи-иманалъе гІоло Мусал Къанун нахъчІвалебищха нилъеца бугеб? ГьечІо! Къанун гучлъизабулеб буго нилъеца.
Гьанже кІола нилъеда Къануналъул киналго ритІухъал амруял щвалде щун тІуразаризе – нилъер мунагьаб напсалъе бокьухъе гуребха, Аллагьасул РухІалъ малъухъейин.
Цинги, МасихІ вачІинегІан, Къануналъ къайимлъи гьабуна нижее, – Аллагьасда цере божи-иманалдалъун ритІухълъизе.