Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Балагьги гІазабги нужее, бецал чагІи квер ккун хадур цІалел бецукал! Нужеца абула: «Мукъадасаб Рукъалъул цІар рехсон бараб гьа бихханиги бегьулилан, амма Мукъадасаб Рокъоб бугеб меседалхІайин бараб гьа биххизе бегьуларилан». Бецал гІабдалзаби руго нуж. Мукъадасаб Рукъищ хирияб бугеб, яги Мукъадасаб Рукъалъ жиб хиралъизабураб меседищ? Нужеца цоги абула: «Къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул цІар рехсон гьедараб гьа бихханиги бегьулилан, амма гьениб лъураб къурбаналхІаян гьедараб гьа биххизе бегьуларилан». Бецукал руго нуж! Къурбаналъул гьан лъолеб бакІищ хирияб, яги гьеб бакІалъ хиралъизабураб къурбанищ? ХІакъикъаталдаги къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул цІар рехсон гьедулаго, гьев чияс гьелдаго цадахъ гьениб лъун бугебщинабги рехсолеб бугогури. Мукъадасаб Рукъалъул цІар рехсон гьедулаго, гьев чияс гьелдаго цадахъ гьеб рукъалъул БетІергьанасул цІарги рехсолеб бугогури. ЗобалхІайилан гьедулаго, гьев чияс гьелдаго цадахъ зобалазда бугеб тахги тахида вугевги рехсолел ругогури. «Дир тах зобалазда буго. Ракь Дир хІатІазукь буго. Кинаб рукъ нужеца Дие балеб? – ан абуна БетІергьанас. – Яги Дие рахІат-хІалхьиялъе кинаб бакІ нужеца балеб? Вореги, дир вацал, зобалхІайилан, ракьалхІайилан ва цогидабги гьаялдалъун гьедаруге нуж. Уйилан абизе бокьани, уйилан абе, гурилан абизе бокьани, гурилан абе. Гьедарани – тамихІалъе мустахІикълъула нуж.
Выбор основного перевода