Квешлъи гьабурал гІадамазда нуж тІасалъугьани, Зобалазда вугев нужер Эменги нужеда тІасалъугьина.
Нуж гІадамазда тІасалъугьинчІони, нужедасан ккараб мунагь-хатІаялда тІасалъугьинаро Зобалазда вугев нужер Эменги.
Нужедаго щай лъалареб ритІухъаб нухдасан хьвадизе?
Масала, дурго дагІбадулавгун судалде унев вугони, дове щвелалдего хІаракат бахъе рекъел-бакъалдалъун гьев тІаса вихьизавизе. Гурони, гьес мун судиясухъе вехъерхъила, судияс мун гІеласухъе кьела, гІелас мун гвандиниве рехила.
Гьале дица дуда абулеб буго: дур ахирисеб шагьи-пара кьун налъи бецІичІого, гвандиниса къватІивеги ворчІиларо мун.