Гьедин гьениб – Галилеялъул Кана шагьаралда – бихьизабуна ГІисаца тІоцебесеб мугІжизат. Загьирлъизабуна жиндирго къудрат. Муридалги божана ГІисада.
Иерусалималда ГІиса Пасхаялъул байрамалда вугеб мехалъ, гьесдасан загьирлъарал гІаламатал рихьун, гІемерал гІадамал божана гьесда.