Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Щаян абуни, гІемер рукІине руго гьебмехалъ гьересимасихІалги гьересиаварагзабиги. Бажарани, хІатта тІаса рищарал муъминзабигицин къосинаризе бокьун, чанги гІаламатал ва мугІжизатал рихьизарила гьез. Гьенир рукІарал ягьудияз ГІисада гьикъана: – Дуца кинаб гІаламаталдалъун нижеда бихьизабилеб гьеб киналъего дур ихтияр букІин? Дица тІасан зобалаздасан мугІжизатал рихьизарила, гъоркьан ракьалдасан гІаламатал рихьизарила. БукІина биги, цІаги, кІкІуйдул хІубиги. Я, вацал жугьутІал! ГІенекке гьал дир рагІабазухъ. Назареталдаса ГІиса вукІана жинца гьев нужехъе витІун вукІин Аллагьас чІахІиял ишаздалъунги, гІаламатаздалъунги, мугІжизатаздалъунги нужеда лъазабурав чи. ГІисадалъун тІубазабуна гьеб кинабго нужеда гьоркьоб Аллагьас. Гьеб нужедаги лъала. Киналго гІадамазул рекІелъе лъугьана Аллагьасдаса хІинкъи: чапарзабаздалъун Аллагьас рихьизаруна гІемерал хІикматал ишалги мугІжизаталги. Дур илагьияв вакил ГІисал цІаралдалъун унтарал-щокъал сахлъизаризе, гІаламатал ва мугІжизатал рихьизаризе квербакъе нижее! гьабуна кутакал гІаламатазулги мугІжизатазулги къуваталдалъун, Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун. Иерусалималдаса бахъараб Иллирикалде щвезегІан тІибитІизабуна дица МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар. БатІи-батІиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарун ва батІи-батІияб къагІидаялъ Илагьияб РухІги жиндиего бокьухъе гІадамазде рещтІинабун, Аллагьас жинцагоги нугІлъи гьабуна гьелъие.
Выбор основного перевода