Фарисеязда рагІана ЯхІяхъеялдаса цІикІкІун гІадамал лъадалъ ччун рахъизе ГІисахъе унел ругилан. (ХІакъикъаталдайин абуни, жинцаго ГІисаца гьабулароан гьеб иш, муридаз гьабулаан.) Гьеб лъайдал ГІиса Ягьудиялдаса тІадвуссун Галилеялде ана.
ГІиса Ягьудиялдаса Галилеялде тІадвуссаралдаса хадуб загьирлъараб кІиабилеб мугІжизат букІана гьеб.