Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
ГІисаца гьебмехалъ абуна: – Жакъа гьаб рокъобе хвасарлъи бачІана, гьавги Ибрагьимил вас вугелъул. Гьес бицина мунги дур хъизан-агьлуги хвасарлъулеб хабар». Тиатира шагьаралдаса Лидия абулей цо гІаданги йикІана нижехъ гІенеккун. ЦІакъго хирияб багІараб ххам бичун бетІербахъарай ва Аллагьасе гІибадатги гьабулей гІадан йикІана гьей. ТІадегІанас гьелъул ракІ гьесизабуна Павелил рагІи гІадахъ босизе. Гьелдаса хадур гьейги гьелъул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъидал, гьей гьардезе лъугьана: – ХІакълъунго дун ТІадегІанасда божулей йикІиналда нужер ракІчІей батани, дихъе гьоболлъухъ рилълъа, – ян. Жиндаго цадахъ рилълъине разилъизаруна гьелъ ниж. – ТІадегІанав ГІисада божани, мунги дур рукъалъул агьлуги хвасарлъила, – ян абуна гьез.
Выбор основного перевода